МагъчIваялъе рес

Европаялъул диваналъ рахъ ккун буго 11 россиялъуласул


Европаялъул инсанасул ихтияразул рахъалдаса диваналъ талат къоялда тасдикъ гьабун буго 11 гражданасул ихтиярал Россиялъул диваназда хвезарун рукIин. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго РАПСИ агентлъиялъ. Диваназде гьезул гIарзаби Европаялъул диваналх гьоркьор лъолел руго цадахъго цо иш хIисабалда.

11 гIарза кьуразул щивас лъазабулеб буго, такъсириял ишазда хурхун ккун ругеб мехалда, жидер кинал гIаги ресал рукIинчIин жидеца кьурал гIарзабазда рекъон, гражданиял процессазда гIахьаллъизеян.

XS
SM
MD
LG