МагъчIваялъе рес

Россиялъги ОПЕКалъул улкабазги хIукму гьабуна бахъулеб нартил къадар цIикIкIинабичIого тезе


Россиялъги ОПЕКалъул улкабазги хIукму гьабуна 11 январалда букIараб даражаялдаса бахъулеб нартил къадар цIикIкIинабичIого тезе, нагагьлъун нарт бахъулел цогидал рахъал гьединал шартIазда разилъулел ругони.

Гьединаб хIукму гьабун буго Дохаялда тIобитIараб Россиялъул Катаралъул, Венесуэлаялъул ва СагIудиязул ГIарабиялъул кIалъа-басаязда.

XS
SM
MD
LG