МагъчIваялъе рес

Украиналъул генпрокурор Виктор Шокин нахъе лъугьана хъулухъалдаса


Украиналъул генпрокурор Виктор Шокин нахъе лъугьана хъулухъалдаса. Гьелда цебе президент Петр Порошенкоца талат къоялда премьер-министр Яценюк ва генпрокурор ахIана нухмалъиялде божилъи нахъе буссинабиялъул мурадалда хъулухъаздаса нахъе иналде.

Гьелъул хIакъалъулъ Твитералда хъвана пачалихъалъул бетIерасул пресс-секретарь Святослав Цеголкоца.

Гьелда цебе парламенталда байбихьана хIукумат нахъе иналъул тIалабалда гъоркь гъулбасал ракIаризе.Арсений Яценюкицаги лъазабун букIана хIукумат цо команда хIисабалда хIалтIизе кколи яги парламенталъ хIукму гьабулеб бугони, нахъе ине кколин.

XS
SM
MD
LG