МагъчIваялъе рес

Гьаркьал кьолеб бакIазда кIигоялдаса цIиккIун тоххалчи вукIине гьукъараб буго гьанжеялдаса


Россиялъул президент Владимир Путиница жиндирго гъулбас лъун буго рищиязда тоххалчагIазул къадар дагьлъизабиялъул къануналда гъоркь. Документ бахъун буго официалияб интернет-порталалда.

Гьанжеялдаса щибаб гьаркьал кьолеб бакIалда жив-жив кандидатасул яги партиялъул рахъалдаса вукIине бегьуларо кIигоялдаса цIикIкIун тоххалчи. Цебе гьединал гIадамазул къадар кинниги бихьизабун букIинчIо.

XS
SM
MD
LG