МагъчIваялъе рес

Барак Обама Путингун телефоналъ кIалъана


Кремлалъул пресс-хъулухъалъ лъазабуна, гьатIан къоялъ Америкалъул Цолъарал Штатазул президент Барак Обамаца Россиялъул президент Владимир Путингун телефоналъ гара-чIвари гьабун, Сириялда ва Украиналъул машрикъалъул рахъалда бугеб ахIвал-хIалалъул суалал дандранин.

КIиявго президентас лъикIаб къимат кьунин 11-12 февралалда Мюнхеналда тIобитIараб хIинкъи гьечIоллъи цIуниялъул конференциялъе. Россиялъул президентаса нахъеги кIвар буссинабунин терроризмалде данде къеркьолеб цолъараб фронт гIуцIиялде ва кIигьумерлъиялъул стандартаздаса инкар гьабиялде.

XS
SM
MD
LG