МагъчIваялъе рес

"КочIол баргъичалда якъут гIадинай…"


Фазу ГIалиева. 1932-2016

40 къоялъ цее гIумруялдаса ятIалъарай Дагъистаналъул халкъияй шагIир Фазу ГIалиевалъ нахъе тараб васияталда гьоркьоб буго Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъвараб кагъатги. Амма щиб гьениб хъван бугебали лъалеб гьечIо гьелъул лъималазда. Гьелъулги цогидалъулги бицана Фазу ракIалде щун 9 февралалда МахIачхъалаялда тIобитIараб дандеруссиналда.

МухIамад АхIмадов:

«КочIол баргъичалда якъут гIадинай,

ГIумрудул гьурмада гьими гIадинай,

Дунялалъул бакъул къуват гIадинай,

ГIодулеб буго ракI мун хвараб къоялъ.

Каранда рещтIуна рагIаби Фазул –

Каранзулъ чвахарал, рохел биларал.

Къоло цоабилеб векалъул гъасда

Гъаримго хутIана дунги дир кечIги.

ГIазу балеб буго Дагъистаналда

Дагъистан чIухIарай яс юкъулелъул…»

Фазу хвараб къоялъ Дагъистаналъул хъвадарухъабазул цолъиялъул нухмалъулев МухIамад АхIмадовас хъвараб кечI буго гьеб. Гьанже гьес гьеб цIидасан цIалана 9 февралалда МахIачхъалаялда букIараб дандеруссиналда.

40 къоялъ цее дунял тун арай Фазу ракIалде щвезаюлеб тадбир букIана гьеб.

ГIумруялда жаниб жиндие бищуго кумек щварал шагIирзаби Расул ХIамзатовги Фазу ГIалиеваги ругин абуна Дагъистаналъул бетIер Рамазан ГIабдулатIиповас. Цогидаз кучIдул гIарцухъ хъвалеб мехалда, жиндие гьел чIорого хъван рукIанин Фазуцаян махсароги гьабуна гьес. Республикаялъул тIалъиялъул чагIазда цадахъго МахIачхъалаялда бугеб ШигIруялъул рокъоре ракIарун рукIана жийго шагIиралъул хъизан-лъималги, пишацоялги.

Хъизан-рукъги хъулухъ-ишги рагIа-ракьанде щун цадахъ бачине лъалей гIаданалъулги, улка тун къватIибги жиндир цIар рагIарай шагIиралъулги гIадин бицунеб букIана Фазул хIакъалъулъ гьениб.

Гьей кколаан Дагъистаналъул халкъияй шагIир гурейги, руччабазул цолъиялъул нухмалъулейги, рекъел цIуниялъул комитеталъул нухмалъулейги, «Дагъистаналъул чIужугIадан» абун чанго батIияб мацIалда бахъулеб журналалъул бетIерай редакторги, ункъавго васасул эбелги.

Гьебщинаб хIалтIуда гьоркьойги Фазу гIемер щолей йикIун йиго батIи-батIиял улкабазде. Масала, гьелъул вас ГIали советиял аскаразда гъорлъ Афгъанистаналде вагъизе витIидал, Фазу гьение ячIиналъул ракIалде щвезабулеб букIана генерал ГIумар МуртазагIалиевас.

Афгъанистаналда ккараб цо хIужа гьадин ракIалде щвезабуна Фазу ракIалде щвезаюн МахIачхъалаялда тIобитIараб данделъиялда «Дагъистаналъул чIужугIадан» журналалъул хIалтIухъан Ажа ГIабдурахIмановалъги. Жиндир вац Сулейман Хаппалаев хIалтIул ишалъ Ленингралде араб мехалда, цо рестораналда гIурус миллаталъул чагIаз абулеб бугоанила Фазу ГIалиевалъул сахлъиялдасан гьекъезе бугилан.

Вуй, нужедагийищин нижер Фазу лъалейин жиндир вацас гьикъидал, гьезул цояс абунила, Фазу сабаблъун чIаго хутIарав чи вугин жив. Хадуб гьадин бицана Ажа ГIабдурахIмановалъ.

Ажа ГIабдурахIманова: «Жив Афгъанистаналда вагъулеб мехалда, Фазул вас ГIалиги вукIанин жинда цадахъилан бицун бугоан дов гIурусас. Цинги азарханаялда регарал жалгун дандчIвазе СССРалдаса шагIирзаби рачIун ругин, рилълъайин гьезухъ гIенеккизейин абун унел рукIанила рагъухъаби.

Гьеб мехалда ГIалица абунила жинда вилълъайин мунги, гьел шагIирзабазда гъорлъ жиндир эбелги йигин ячIун. ГIалил адабги гьабун анила жив, гьезухъ гIенеккизе. Жив къватIиве вахъун цо параялдасан гумпара речIчIун тIатIала ккезабунила жал регун рукIараб бакI. Гьелдалъун Фазу ГIалиевалъ хвалдаса хвасар гьавунин живилан бицун бугоан дов гIурусас дир вац Сулеймание».

Жидер эбел онкологиялъ унтаралдаса анцIгониги сон букIанин бицана гьеб дандеруссиналда Фазул вас Жамбулат МухIамадовас. ГIумруялде бугеб рокьиялъ хутIанила гьей гьанжелъагIанги чIаго. Москваялда вугев тохтур Воробьев гIажаиблъи гьабун вукIанила жив хIалтIулебгIан мехалъ цIакъго кьалбал риччараб гьеб унтуе къуркьунгутIиялъул хIужа цониги ккун букIинчIин, Фазул гурониян. Жиндие цониги къоялъ унтун босаде ккезе бокьун гьечIин абулаанила эбелалъ, Аллагьас гьелъул анищ тIубазеги гьабунила.

Жамбулат МухIамадовас бицана Фазуца Россиялъул президент Владимир Путинихъе хъвараб кагъаталъулги. Амма гIицIго гьесухъе кодобе кьун гурони, гьелда тIаде раккугеян абураб васият рагIула Фазул.

2002 соналда Владимир Путиница Фазу ГIалиевалъе кьун букIана Россиялда тIадегIанаблъун рикIкIунеб шапакъат – Андрей Первозванныясул орден.

XS
SM
MD
LG