МагъчIваялъе рес

«Кьвагьиял хисун бачIараб сихIкъотIи биххизеги рес буго Дагъистаналда»


2010-2015 соназда Шималияб Кавказалда къурбанлъун ккун вуго 6074 чи

Гьезда гьоркьоса бащадалдасаги цIикIкIун гIадамал ккола Дагъистаналда чIварал ялъуни лъукъарал чагIи. Щуго соналда жаниб республикаялда чIван вуго 1871, лъукъун вуго 1420 чи, гIаммаб куцалда 3291 чи. Аслияб куцалда гьел ккола хасал операциязданиги, контреррроралъула низамал лъазарураб мехалъ чIварал ялъуни лъукъарал гIадамал.

Гьеб ккола Кавказ Узел сайталъ тIобитIараб цIех-рех. ЦIех-рехалъул статистикаялъул халгьабидал бихьулеб буго бищунго гIемерал гIадамал 2010-2012 соназда чIван ругеллъи. ЧIварал ва лъукъаразул рахъалъ кIиабилеб бакIалда буго Чачан республика.

ЧIварал лъукъарал малъун гьенив рагъулал тунка-гIусиязул къурбанлъун ккун вуго 873 чи, дагъистаналъул 3300 гIанасеб тарихалда дандеккун гьеб гьитIинаб къадар ккола, амма Чачаназул рахъалъ гьеб тарих цIакъго дагь гьабун бугилан рикIкIунеб буго Дагъистаналда биччалеб «Московский Комсомолец» газеталъул редактор» ХIапизов Юсупица. Гьелъие мисалъун цо гьадинаб хIужа бачунеб буго гьес

ХIапизов Юсуп: «2013 соналъул декабралда Москвалядаса махIачхъалед нахъвуссунев дун рештIун вукIана Грозныялда. Гьеб букIана Грозныялъул Басмаханаялъул мина изну гьечIого яргъидгIуцIараз ккураб къо. Абулеб букIана 15 гIанасев чи вугин гьезул гьенивилан. Цо гьеб мина гуребги школаги цоги идараялъул минаги букIана гьез кIиго къоялъ ккун.

Суал бачIунеб буго 15 гIанасев чиясда бажарулиш кIиго-лъабго къоялъ лъабго ункъо мина ккун чIезабизе. Бищун дагьалдаса 150-200 чи вукIун ватила гьенив изну гьечIого яргъидгIуцIаразул. Дагъистаналдаги руго гьел, амма Чачаналда гьезул къадар гIемерго цIикIкIун буго, гьезул нухмалъиялъ гьеб къадар бахчулеб букIаниги. ТIадежоялъе Дагъистаналда терактал ккечIелдаса лъабгониги сонги буго балеб».

ТIаде балагьун бербиххизабулеб тарих бугилан кканиги 3291 чи чIванги лъукъунги вугин республикалда щуго соналдаян абураб жоялда гIажаиблъи гьабизе бакI гьечIилан рикIкIунеб буго Черновик газеталдаса МухIамад МухIамадовас.

Республикаялда гьоркьоса къотIичIого тIоритIулел хасал операциял рукIаралъул. Гьадинги нилъер республикаялдехун цIоро-гъорораб балагьи бугел россиялъулазда тIадеги рихине бугин гьеб, гьелгощинал чи чIван ругин Дагъистанаялдаян рагIаниян абуна гьес гьединго. ТIадежоялъе МухIамад МухIамадовас рикIкIунеб буго гьабсагIаталда заманалъулаб сихIкъотIи букIаниги Дагъистаналда, гьел чIварал лъукъаразул къадар гьоркьоб заман индал цIилъизеги рес бугилан.

МухIамад МухIамадов: «Дагъистаналда гьеб къадар цIикIкIинеги рес буго, гIакъилал, хIасил кьолел тадбирал тIоритIичIогоатни нухмалъиялъги, къуваталзул идарабазги. Жибго жиндасаго лъугIун инин гьебилан чIей гIадаллъи буго. Хасавюрталдагун Дербенталда ккарал лъугьа-бахъиназул хIасил гьабуни гьелъги тасдикъ гьабулеб буго гьеб. Сверухълъиялда жиндир къадур-къимат бугев салафиязул имама ккун вачун ана гьениса низам цIунулез.

Гьелдалун гIадамал ццидаххине тIамулел руго гьез. Ахираб заманалда республикаялда лъугьараб сихIкъотIиги гьезул хIалтIул тIокIлъи кколаро, гьеб буго бакIазда ругел имамзабазул вагIза-насихIаталъул хIасил. Гьез лъикIаб вагIза гьабун гьукъулел руго гIадамал Сириялдеги, цогидал биял тIолел рагъал ругеб бакIазде ине».

Сириялда рагъулел ругел дагъистаниял нахъруссине рес бугин ва гьелдалъун республикаялда криминалияб ахIвал-хIал нахъойги хIалуцине бегьулин бураб пикру хутIулеб буго Дагъистаналда ахираб заманалда бищунго актуалияблъун.

XS
SM
MD
LG