МагъчIваялъе рес

Россиялъул аскариял гIахьаллъула Сириялда ракьул операциялъулъ


Spiegel Online абулеб Германиялъул информагентлъиялъ ва Conflict Intelligence Team (CIT) абулеб гIуцIиялъул цIех-рехчагIаз шамат къоялъ загьираруна Россиялъул аскарияз Сириялда унеб ракьул рагъулаб операциялъулъ гIахьаллъи гьабиялъе цIиял далилал. ХIаракатчагIаз интернеталда загьираруна сураталги видеоги. Дагьалъ цебе Россиялъул президент Владимир Путиница абуна Россиялъул аскарияз ракьул операциялда гIахьаллъи гьабулеб гьечIин.

XS
SM
MD
LG