МагъчIваялъе рес

Оппозициялъул ракIалда буго 27 февралалда акция тIобитIизе


Россиялъул чIварав оппозиционер Борис Немцов ракIалде щвезавиялъул акциялъул гIуцIарухъабаз рузман къоялъ Москваялъул мэриялде кагъат битIана 27 февралалда гьеб тадбир тIобитIизе изну кьеян гьарун.

Гьадин лъазабун буго ПАРНАС партиялъул сайталда. Гьеб тадбиралъулъ 50 азаргогIан чияс гьахьаллъи гьабизе бегьулин. Борис Немцов раккIалде щвезабиялъул акциялъул аслияб мурад – гьадинаб вахIшияб ва мисал гьечIеб политикияб чIваялде Россиялъул тIолго халкъалъул кIвар буссинаби.

XS
SM
MD
LG