МагъчIваялъе рес

Буйнахъскалъул рищиязул комиссиялъул гIахьалчи ккун вуго полициялъ


Шагьаралда халат бахъунеб буго дагIба-къец

Хамиз къоялъул радал къуваталъул идарабазул хIалтIухъабаз Буйнахъскалда жиндирго рокъов ккун вуго бизнесчи ва буйнахъскалъул мэрлъиялде кандидатал тIаса рищулеб хасаб комиссиялъул гIахьалчи Бартиханов Юсуп. Низам цIунулезда гьесул рокъоб ярагъги наркотикалги ратанин лъазабулеб буго буйнахъскалъулаз. Къуваталъул идарабаз жеги гьеб лъугьа-бахъиналда тIасан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо.

Бартиханов Юсуп ккола гьаб сагIат Буйнахъскалъул бетIерасул ишал тIуразарулев вугев ГIамиров Закарял рахъалда вугев чи.

Буйнахъскалъул мэрлъун вачIине къваригIун бугев ГIусманов ГIусманил рахъккун рукIарал Россиялъул ветераназул партиялъул рахъалдасан шагьаралъул мажлисалде рищарал, гьанже ГIамировасул рахъалде арав 12 депутатазе бетIерлъи гьабулеб букIанин Бартихановасилан абулеб буго буйнахъскалъулаз.

Живго депутат гьечIониги, гьес гьел депутатал кверде росун ругин. Гьесул бажариялдалъун кIванин гьел ГIамировасул рахъалде цIазейиланги. Гьединлъидал ГIамиров Закаряда дандечIараз ургъунго гьабураб иш бугин гьебилан лъазабулеб буго гьесул рахъалда ругел шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Гьезул цояв Жанхаев Маратица «Эркенлъи» радиоялъе бицана къуваталъул идарабаз жидецаго реххун ругила Бартиханов Юсупил рокъобе ярагъги наркотикалгийилан.

Жанхаев Марат:«Гьурмада маскаби хурал гIадамаз рачIун жакъа радал сверун ккуна Бартиханов Юсупил мина. Гьел чагIи чIухь базейилан рачIун рукIун руго, жал къуваталъул идарабазул хIалтIухъаби ругин абун документал рихьизари гурони, чIухь базе рес кьолеб документги бихьизабун гьечIо гьез.

Гьедин Бартихановасул минаялъуб хасал тадбирал тIоритIулаго гьесул пиджакалъул чвантиниб батаниланги абун киб букIарабали лъалареб таманча бахъун бачIун буго гьез.

Гьединго цо шкафалда жаниб батанила анашаги бахъун бачIун буго. Гьез жидецаго реххана гьесул рокъобе таманчаги гьел наркотикалги. Живго бетIергьанаб хIажаталщинал документалги ругеб «Сайга» тумакIги, травматалъулаб таманчаги бугев чиясе гьеб щибали лъалареб таманчагIаги щай.

Гьел наркотикал Юсупица хIалтIизарулареблъиги киназдаго лъала. Гьезие гьев кквезе багьана къваригIун букIана. ГIамиров Закарядаги гьесул рахъккурал нижедеги данде ругез ургъунго багъаризабураб иш буго гьеб. Ниж нахъе къазе, хIинкъизаризе къваригIун буго гьезие, гьеб буго унго-унгояб сиясатияб заказ. Амма ниж нахъе къазе гьечIо, рищияздаги ГIамировасул рахъкквезе буго. Ниж руго Россиялъул президентасулги республикаялъул бетIерасулги нухккун унел чагIи, нижер рахъалда буго халкъги».

Гьединго Маратица абуна жидеда лъалила лъица тIамун гьев Бартиханов ккуравали, дагьаб хадуб официалияб къагIидаялъ жидеца гьезул цIарал рехсезе ругилан. «Эркенлъи» радиоялъухъе щварал баяназда рекъон Бартихановасул рокъор хасал тадбирал Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъул экстремизмалде данде къеркьолеб бутIаялъул хIалтIухъабаз тIоритIун руго.

Гьесул рокъоб чIухь базе рачIиналъе гIилла щиб букIарабали ва ккурав гьев Бартихановасда хурхун кинаб хIукму къотIун бугебали лъалеб гьечIо, щай гурелъул я дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ я республикаялъул цIех-рехалъул идараялъ гьеб ишалда бан кинаб букIаниги баян кьолеб гьечIо жеги.

Гьаниб рехсезе ккола исана январалда Бартиханов Юсупица ва гьанже Закаря ГIамировасул рахъалда ругел цойги чанго депутатас жив вуханилан лъазабун букIана Буйнакскалдаса блогер Нурудинов ХIажица. Гьев цойгидаб цIаралда гъоркь социалиял сайтазда ХIамзатов ХIусенил рахъккун ва ГIамировасул рахъалде арал депутатал какун хъвадарулев вукIун вуго.

Гьеб лъараб депутатаз вухун вуго гьев Нурудинов. Хадубги видеокамераялда цебе жиндица хъварабщинаб жо гьереси букIанила, жив мекъи вукIанила, гьеб хъваралъухъ жиндие ХIамзатовас автомобильги рукъги кьелин абун букIанилан бицине тIамунила жив гьев депутатазилан лъазабун букIана гьев блогерас дагьал церегIан къоязда «Черновик» газеталда букIараб ХIамзатов ХIусенил рахъкколезул пресс-конференциялда. Гьез хIинкъалаби кьолел рукIиналъ жив вахчун чIезе кколев вугила, гьез жиндир гIагарлъиялъеги рахIат толеб гьечIилан бицун букIана Нурудиновас.

Гьес журналистазда бихьизабуна гьев азарханаялда вегун вукIараблъи бихьизабулеб ва гьесул бетIер бекун букIиналъул, ургьи-мес тIу-тIун букIиналъул тохтурас хъвараб кагъатги. Депутатаз вухун хадуб кканила жиндие гьебщинаб сакъатлъийилан лъазабуна ХIажица. Гьеб киналдаго хурхун Бартиханов Юсупида ва гьесда цадахъ рукIарал шагьаралъул мажлисалъул депутатазда тIасан республикаялъул прокуратураялдеги, цIех-рехалъул идараялдеги гIарзаги хъван букIана гьев Нурудиновас.

Бартихановасги гьесул рахъалда ругел депутатазги ХIажи Нурудиновас бицараб жо гьересилъун гьабуна. Гьев блогер ХIамзатов ХIусенил чагIаз хъвадаризе тIамулев вукIун вугин, жидер лъималазда, улбузда тIасанцин хванщинаб жо хъвалеб букIанила гьесилан бицана депутатаз. КигIан гьесда ццин бахъун букIаниги жидеца гьев вухичIила, щибго букIинчIеб бакIалда ургъун бахъун жидее квешезе, гIадамазда цере жал квешаб рахъалъ рихьизаризелъун гьабураб иш бугила гьебилан лъазабуна гьез.

XS
SM
MD
LG