МагъчIваялъе рес

Татарстаналда къан буго "Агора" ассоциация


Татарстаналъул ТIадегIанаб диваналъ Россиялъул Юстициялъул министерлъиялъул тIалаб гIадахъ босун, къан буго «Агора» абулеб инсанасул ихтиярал цIунулел гIуцIабазул ассоцияция.

Гьадин лъазабуна адвокат Рамил АхIмадгIалиевас.

Гьеб ассоциация гьукъун бугониги, гьадинаб гьукъи рикIкIине бегьула гьелъул хIалтIул эффективияб хIасиллъун, ян абуна гьес ва тIаде жубана, пачалихъалъ гьадинал репрессивиял ишал гьарулаго, жиндирго унго-унгояб политикияб гьумер бихьизабулеб бугин.

Агора ассоцияциялъул 35 юрист ва адвокат хIалтIулаан Россиялъул 40 регионалда. Гьез инсанасул ихтияралги гражданиял эркенлъабиги цIунулаан.

XS
SM
MD
LG