МагъчIваялъе рес

Эрдогьаница Цолъарал Штатал какана


Туркиялъул президент Ражаб ТIайгьип Эрдогьаница какана Америкалъул Цолъарал Штатаз Сириялъул курдазе гьабулеб квербакъи. 10 февралялда Анкараялда цеве вахъун Эрдогьаница абуна, Вашингтоналъ регионалда бидул ралъад гьабизе бегьулин курдазул Демократиялъул партиялъул Цолъиялъул яргъид гIуцIараб къукъаялъе квербакъи гьабуни.

Гьеб партиялъул яргъид гIуцIараб гIаркьел террористикияб гIуцIи гьечIо, ян Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъул пресс-секретарас лъазабун хадусала Туркиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ жиндихъе Америкалъул илчи ахIун жиндирго протестт лъазабуна.

Ражаб ТIайгьиб Эрдогьаница ракIалде щвезабуна тIадехун рехсараб партия кколин террористикияблъун рикIкIунеб Курдазул хIалтIул Партиялъул бутIалъун.

XS
SM
MD
LG