МагъчIваялъе рес

Брюсселалда НАТО-ялъул саммит рагьана


НАТО-ялъул Генералияв Секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна, гьаб анкьида улкаби цIунулел министрабаз къабул гьабизехъин бугин Европаялъул Машрикъалъул фланг щулалъизабиялъул план.

Брюсселалда байбихьарал кIалъа-басаязда Столтенбергица гьединго абуна аслияб къагIидаялъ НАТО-ялъул аскариязул ва техникаялъул къадар цIикIкIине бугин Польшаялда ва Россиялъулгун гIурхъаби ругел цогидал улкабазда.

XS
SM
MD
LG