МагъчIваялъе рес

Human Rights Watch: Россиялъ кассетиял бомбаби хIалтIизарулел руго Сириялда


Сириялъулгун Россиялъул цадахъаб рагъулаб операциялда аскарияз хIалтIизарун рукIана халкъаздагьоркьосел къануназ гьукъарал кассетиял бомбаби, ян лъазабуна инсанасул ихтиярал цIунулеб Human Rights Watch гIуцIиялъ.

Гьелъул баяналда рекъон 26 январалдаса байбихьун гьадинал бомбаби хIалтIизарун рукIанин 14 рагъулаб операциялда Алеппо, Анадан, Дамаск, Идлиб ва Хама вилаятазда.

Гьелъул хIасилалда 37 ракълилав инсан чIван вуго. Гьезда гъорлъ анлъго чIужу-гIадан ва ичIго лъимер. АнцI-анцI чи лъукъана. Human Rights Watch гIуцIиялъ жиндирго докладалъе кьучIое росун руго нугIзазул рихьизариял ва тохтурзабазги журналистазги кьурал документал. Россиялъ гьеб гIайиб нахъ чIвалеб буго.

XS
SM
MD
LG