МагъчIваялъе рес

Вашингтонал Москва какулеб буго Сириялда рагъ мекъи бачунелъухъ


Сириялда Россиялъул рагъулаб хьвада-чIвади данде кколаро Москваялъул тIадеросиялде ва Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул хасаб резолюциялде, - ян лъазабуна итни къоялъ Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъул пресс-секретарь Джон Кирбица.

Вашингтоналъ чIечIого Москваялде ахIи балеб буго Башар Асадил режималъе гьабулеб квербакъиялъе ахир лъеян. Щайин гурони, гьадинал ишаздалъун конфликт гъварилъун, халат бахъунеб бугин.

Пачалихъияб департаменталъул вакилас ракIалде щвезабуна гьадинаб хIужа: Алеппо шагьаралде Сириялъул армиялъ гьабураб гьужумалъул хIасилалда гьениса гIемерал гIадамал лъутула ва гуманитарияб катастрофаялъул ахирги бихьулеб гьечIин.

XS
SM
MD
LG