МагъчIваялъе рес

«БацIги циги бахъана, цараца би чIчIикIана»


Буйнахъскалъул мэрлъиялде кандидатазул халгьабулеб хасаб комиссиялъ итни къоялъ ахирисел документал къабул гьарулел руго. МухIканал гурел баяназда рекъон гьеб сияхIалда гьаб сагIат анлъго чи вуго. Комиссиялъ гьезул халгьабун хадуб, гьезда гьоркьоса рищизе руго шагьаралъул бетIерлъун вукIине бегьулев чиясул тIалабазда данде кколел.

Комиссиялде гъорлъе уна бакIалъул администрациялъул вакилзабиги республикаялъул бетIерасул администрациялъул хIалтIухъабиги. Гьеб комиссиялъ чан чияс гьенире документал кьун ругел ва гьел чагIи щалали лъазабулеб гьечIо.

«Эркенлъи» радиоялъ Буйнахъскалъул администрациялдеги рищиязул комиссиялдеги ахIана гьеб мухIкан гьабизе, амма гьезги кинал рукIаниги баянал кьолел гьечIо.

Амма мухIканал гурел баяназда рекъон гьаб сагIат шагьаралъул мэрлъиялде кандидатура лъезе букIине документал кьун руго Буйнахъскалъул экс-мэр ГIусманов ГIусманицаги, гьесул рахъккун муниципалиял рищиязда гIахьаллъарал ветераназул партиялъул депутатазул штабалъул нухмалъулев ХIасанов Камильбегицаги, гьединго ГIусмановасул чи Буйнахъскалъул агрегатазулаб заводалъул бетIер Нажмудинов Нурудиницаги.

Гьединго гьеб сияхIалда рагIула гьаб сагIат шагьаралъул мэрасул ишал тIуразарулев вугев ГIамиров Закарьяги, гьединго жеги хъулухъалдаса нахъе ун вугин гьечIищали мухIканлъизабичIев Буйнакскалъул мэр ХIамзатов ХIусенги.

Цебе «Эркенлъи» радиоялъе бицун букIахъе 12 январалда хъулухъалдаса нахъе ине гIарза хъван бугин ХIамзатовасин лъазабуна шагьаралъул мажлисалъул депутатаз. Нахъисеб къоялъго гьеб документ гьересияб бугин гьес гьеб гIарза хъвачIилан лъазабун букIана ХIамзатовасул рахъкколез. Гьелда хурхун прокуратураялде гIарзаги битIун букIун буго гьез.

28 январалда «Черновик» газеталъул редакциялда букIараб ХIамзатов ХIусенил рахъккуразул пресс-конференциялда, Буйнакскалъул администрациялъул бетIерлъун вукIарав Валиев Зайирбегица лъазабуна гьеб гIарза гьересияб документ букIин чIезабун бугила ФСБялъ гьабураб хасаб экспертизаялъги, гьелъул хIасилал Буйнакскалъул прокуратураялда ругин абуна гьес.

Анлъабилев чилъун гьеб кандидатазул сияхIалда Аташев Рашид вугин абурал баяналги раккана. Гьев цебе Дагъистаналъул Халкъияб мажлисалъул депутатлъун вукIана, гьанже гьес Буйнахъскалъул росдал магIишаталъул колледжалъе нухмалъи гьабулеб буго.

Социалиял сайтаздаги гьединго цо-цо информсайтаздаги ракIчIун Буйнахъскалъул тахида гьев Аташев вукIине вугин абурал баянал тIиритIизалел рукIана. Гьенибго хъвалеб букIана гьев Дагъистаналъул Халкъияб Мажлисалъул бетIер ШихсагIидов Хизрил чи вугин, гьес цеве тункулев вугин гьев мэрасул хъулухъалдейилан.

Амма гьеб информациялъе официалияб мухIканлъи кьечIо лъицаниги. ХIамзатов ХIусен хIалтIудаса ине вугин хъвараб гIарзалда сверун гIемер ахIи-хIур бахъиналъ, республикаялъул тIалъиялъул цIакъ ццин бахъун бугина ГIамиров Закарьяда, гьез жидецаго Буйнахъскалде тIамурав чи вукIаниги гьев, гьеб ахIи-хIуралдаса хадуб Дагъистаналъул тIалъиялъ гьесул рахъкквей щакаб жо бугин хъвалеб букIана гьел информсурсатазда.

Гьел харбал рижиялъе цойги гIиллалъун ккун буго гъоркьисала Дагъистаналъул бетIер ГIабдулатIипов Рамазан Буйнахъскалде вачIараб мехалда цойгидал цIалул идарабазде инчIого гьеб Аташевас нухмалъи гьабулеб колледжалде ун вукIин ва гьесие кутакаб къимат кьун букIин.

Унголъунги гьес гьор-бокьалда релъун тIа-тIала ккун ине букIараб гьеб колледж цIидасан гIуцIанила, гьениргIадал цIалдолезе шартIал чIезабураб бакI Дагъистаналда цойги батилебищали лъаларин абулеб бугоан гьеб мухъалда ахIвал-хIал лъалез. Студентал чIорого кваназарулел руго гьес гьенир, ччугIа гIезабулел бакIал ран, найтIалаби лъун жидерго магIишатцин букIунеб буго колледжалъул.

Аташевасда хурхун раккал гьел баянал хIакъикъиял ратиларин, ургъунго дагьабги цIакъ Буйнахъскалда ахIвал-хIал хIалуцинабизе риччарал харбал ратилин гьелилан рикIкIунеб буго гIемерисел экспертаз. Гьезулго рахъалда вуго Буйнахъскалда гIумру гьабун вугев, «Черновик» газеаталъул хIалтIухъан МухIамадов МухIамадги.

МухIамадов МухIамад:« РакIалдаго гьечIого гьеб сияхIалда гьоркьов рехсарав кандидат вуго диеги Аташев. Щай гурелъул гьев жиндирго колледжалда вукIун гурони гIадамазда цеве вахъун живго вихьизавулев, лъазавулев вукIинчIо. Жиндирго чIаголъиялдалъул мэрлъиялде гьев инехъин вукIинги божизе захIматаб жо буго, батаниги ШихсагIидовас квербакъулеб батила гьелъие.

ГIаммаб къагIидаялъ гьев Аташев мэрлъиялде ине вугин абураб хабар гьадинго биччараб жо бугин ккола дидани. Амма унголъунги мэрлъиялде кандидатура гьес лъуни мажлисалъул депутатаз гьев вищизеги бегьула. Щай гурелъул гьев Аташев Рашидил вацасул вас Шамильги вуго мажлисалъул депутат, гьединго гьесулго гIагарав чи вуго депутат Жанхаев Маратги. Гьел гIолохъабазе гIоло цойгидал депутатазги кьезе бегьула Аташевасе гьаркьал».

Буйнахъскалъул мэрасул рищиял 15 февралалда тIоритIизе ккола.

XS
SM
MD
LG