Туркиялъул премьер-министр АхIмад Давудогълуца ва Германиялъул канцлер Ангела Меркелица какана Россиялъул авиациялъул кумекалдалъун Сириялъул хIукуматалъул аскарияз Аллепо шагьаралде гьабулеб гьужум. Анкараялда тIобитIараб цадахъаб пресс-конференциялда Ангела Меркелица тIалаб гьабуна кватIичIого агрессиялъе ахир лъей.
Россиялъул ишаз Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул резолюция хвезабулеб буго, ян абуна гьелъ.
Гьеб резолюция гьукъулеб буго гIадатиял гIадамазде данде гьужумал. КIиябго улкаялъул бутIруз хIукму гьабуна Аллепо шагьаралде байбихьараб гьужум дипломатикияб къагIидаялъ чIезабизе.
АхIмад Давудоглъуца лъазабуна, гьеб гьужумалъул хIасилалда жеги 30 азарго сириялъулав улка тун, Туркиялде вачIанин.