МагъчIваялъе рес

"Единая Россия - Аллагьу акбар!"


5-6 февралалда Москваялда тIобитIана «Единая Россия» партиялъул иргадулаб съезд. Партиялъул сайталда лъазабухъе, гьениб хиса-басиял гьарун руго партиялъул нухмалъиялда ва Уставалда. Гьединго гIуцIун буго рищиязда цебесеб программа хIадуризе комиссияги. Навальныяс жиндирго гьумералда кьолеб буго интернеталда баккараб гьеб съездалда Чачанлъиялдаса гIахьалчагIаз бахъараб видео. Залалъул панорамаги бахъулаго гьез абулеб букIун буго "Единая Россия - Аллагьу акбар",-ян.

XS
SM
MD
LG