МагъчIваялъе рес

Къадировас оппозициялъул цIидасан ццим бахъинабулеб буго


"Инстаграмалда" жиндирго гьумералда Чачанлъиялъул бетIер Къадиров Рамзаница лъун буго оптикияб ишан бугеб туманкIгун кодоб бахъараб жиндирго сурат. Гьелда гъоркьги хъван буго «БичIчIинчIесда бичIчIизе»,-ян. Гьединаб комментарийгун Къадировас дагьаб цебе кьун букIана экс-премьер-министр Михаил Касьяновги «Рагьараб Россиялъул» координатор Владимир Кара-Мурза -васги ишаналде росараб видео.

Оппозиционераз гьеб видеоялде абуна «гIадамал чIвазе гьабулеб ахIийин» ва гьез Къадировасда тIасан гIарза хъван буго ФСБялдеги ЦIех-рехалъул комитеталдеги. «Гьеб киналдего реакция гьабичIеб тIалъги-гьелъул гIахьалчагIи бугин» лъазабулеб буго интеллигенциялъул Конгрессалъул лъазабиялда ва «Нилъ киналго гIужие росун руго» абураб игIлангун гьез ракIарулел руго Касьяновасул ва Кара-Мурзал рахъккун гъулбасал.

XS
SM
MD
LG