МагъчIваялъе рес

Кубаялда данделъизе руго Патриарх Кирилл ва Рималъул Папа Францик


Кубаялда 12 февралалда тIобитIизе буго Россиялъул ва Москваялъул Патриарх Кириллгун Рималъул Папа Францикил дандчIвай. Гьедин лъазабуна рузман къоялда ГIурус килисаялъ ва Ватиканалъ. ГIурус килисаялъ лъазабухъе, гьенир дандразе руго христианазде гьарулел тIадецуязул суал. Гьезго рикIкIунеб буго гьеб «тарихалда жаниб тIоцебесеб гьединаб данделъиялъул кIиябго Килисаялъул гьоркьорлъаби лъикIлъизаризе кIвар кIудияб бугин».

Лъазабиязда рекъон, патриархгун понтифик дандчIвазе руго Гаванаялъул халкъаздагьоркьосеб аэропорталда ва гьез хъвазе буго цадахъаб деклорация.

XS
SM
MD
LG