МагъчIваялъе рес

ТАССалъул Москваялъул офисалда чIухьбан буго


ТАССалъул Москваялъул офисалда чIухьбан буго рузман къоялда. Гьелъул вакил Дмитрий Перцевас лъазабухъе, низам цIунулезул чIухьбай жибго агентлъиялде суалал рукIун гьабураб букIун гьечIо ва гьеб хурхараб букIун рагIула гьанже гьенив хIалтIулев вугев чиясул цебе букIараб хъулухъалда. Гьесул цIарги Перцевас рехсечIо. Гьебго агентлъиялъул цоги хIалтIухъан ГIалиева Натальяца бицухъе, чIухьбалеб букIун буго гьезул хIалтIухъан Сергей Михайловас гIуцIараб М & Р абулеб бухьеналъул агентлъиялда хурхун. Гьеб агентлъиялъул офисаздаги чIухьбан букIанин рузман къоялъин лъазабулеб буго.

Михайлов 2012 соналдаса жакъа къоялде щвезегIан вуго ТАССалъул директорлъунги. 2004-06 соназда Михайлов хIалтIулев вукIун вуго Россиялъул маххул нухазул бетIерлъун вукIарав Владимир Якунингун. ГIемерал соназ Якунин вукIана президент Владимир Путинил гIагардисев чилъун ва партнерлъун. Советияб заманаялда гьев КГБялдаги хIалтIулев вукIун вуго. Августалда Якунин хъулухъалдаса нахъе инги хурхинабулеб букIана Кремльгун рагIирекъонгутIиялда.

XS
SM
MD
LG