МагъчIваялъе рес

ХIанку бакIарулел чачанал

Чачаназ хIанку гьадинго кваназе гуребги бичизеги бакIарула. КIиго рагъуца кIвекIараб Кавказалъул гьеб бакъараб регионалда хIанку бичун цо къойие щолеб буго 40-гониги доллар. Амма гьеб чорхое пайдаяб нигIмат бакIари гьениб бигьаяб масъалалъун кколареб буго. Цересел соназда хIанку бакIаризе рохьоре арал чIван рукIана аскарияз яргъидгIуцIаралин ккун.
Гьанже гьезда цебе буго цоги проблема. Цин республикаялъул бетIер Къадиров Рамзаница гьукъун букIана гьеб бакIаризе, хадуб хIанку бакIаризе тун буго хасаб изну бугел чIагIазда. Эркенлъи Радиоялъул чачаназул хъулухъалъул мухбир щвана Бамут росулъе хIанку бакIарулеб куц бихьизе.

Цойги

XS
SM
MD
LG