МагъчIваялъе рес

Америкаялъ Россия ахIулеб буго Сириялда оппозициялда щвезарулел кьабиял чIезаризе


Америкаялъул Пачалихъияв секретарь Джон Керрица Россиялъул тIалъиялда лъазабуна Сириялда оппозициялъул позициязда щвезарулел къабиял чIезаризе заман щун бугин. Хамиз къоялда Россиялъул къватIисел ишазул министр Сергей Лавровгун телефоналдасан букIараб кIалъаялда Керрица кIвар буссинабулеб букIана Цоралъал Миллатазул ГIуцIиялъул резолюциялда рекъон, гьел кьабиял гьабсагIатго чIезаризе ккеялде.

Россиялъул къватIисел ишазул министерлъиялъ лъазабуна хамиз къоялда Лавровгун Керрица, телефонадасан букIараб гара-чIвариялда, Сириялъул суалалда хурхун кIалъа-ралъаял гьоркьор къотIиялда гIагали загьир гьабунин абун.

Гьаб анкьалда Женевалда чIезе тун рукIана Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул эгидаялда гъоркь Сириялъул суал гьоркьоб лъурал халкъаздагьоркьосел кIалъа-ралъаял. Гьезда гIахьаллъулел рукIана Дамаскалги оппозициялъулги вакилзабиги. Гьелъие гIиллалъунги Керрида бихьулеб буго оппозициялъул позициязда Россиялъ щвезарулел авиа-кьабиял.

Москваялъ тIадчIей гьабулеб буго Сириялда Россиялъул рагъулазул мурад-радикалиял къукъабигун къеркьеялъулъ гьеб улкаялъул хIукуматалъе квечIвай гьаби букIиналда.

XS
SM
MD
LG