МагъчIваялъе рес

Ираналъ баллистикиял ракетабазул программа цебе тIезабулеб буго


Ираналъул армиялъул бетIерас лъазабуна улкаялъул баллистикиял ракетаби раялъул программа цебетIезабизе букIиналъул. Гьебги цIиял халкъаздагьоркьосел санкциял гьаризе бегьиялъухъ балагьичIого. «Ираналъул ракетабазул потенциял ва ракетазул программа къуватаб букIине буго»,-ян абуна Атаолла СалехIица. Гьесул гьел рагIаби кьолел рукIана Fars абулеб информагетлъиялъ 4 февралалда.

Гьес жеги абуна атомияб программаялда хурхун къотIи хвезабилъун кколарин ракетабазул программа цебетIезабийин.

Араб моцIалда атомияб программаялда хурхун санкциял тамах гьарун рукIаниги Америкалъ Тегераналде данде цIиял санкциял лъазаруна гьеб ракетабазул программаялда бан. Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ 2010 соналда къабул гьабураб резолюциялда рекъон, Ираналъе гьукъун буго атомияб ярагъгун роржине кIолел ракетабазул хIалбихьиял гьаризе.

XS
SM
MD
LG