МагъчIваялъе рес

Порошенкоца Евроцолъи ахIулеб буго Россиялдаса санкциял рахъичIого тезе


Украиналъул президент Петр Порошенкоца лъазабуна Донбассалда Россиягун рагьараб рагъул хIинкъи араб соналдаса цIикIкIараб бугин исанайин. Алманиялъул Bild газеталъе кьураб интервьюялда гьес абуна Украиналъул машрикъалъул рахъалда сепаратистазул контролалда ругел территориязда гьаб сагIатги вугин Россиялъул 8000 аскариявин. «Россиялъ рагъуе хIадурлъиялъул мурадалда гьарулел руго гIемерал инвестициял, гьелда хурхун кинал рукIаниги бичIчIикьеялги гьез нижее гьарулел гьечIо»-гьедин абуна Украиналъул президентас.

Порошенкоца Евроцолъи ахIулеб буго Россиялдаса санкциял рахъичIого тезе. Гьес гьединго комментарий кьуна «территориягун гIурхъабазул гуреб, гIадамазул къисматазул кIвар бугин» абурал Россиялъул президент Владимир Путинил рагIабазеги. Гьесие жаваб гьабун Порошенкоца абуна: «Путиница киданиги гIадахъ босулароан Украиналъул гIурхъи. Гьес гьеб бичIчIизабулаан гьанир ругел гIурусазул мурадал цIунилъун»,-ян. Украиналъ ва Магърибалъул улкабаз цо нухалъ гуреб рачарал Донбассалда Россиялъул аскарал рагъулел рукIиналъул далилал. Щибаб нухалда Кремлалъ гьел лъазабиял нахъчIвалелги рукIана. Амма араб соналъул декабралда президент Путиница щибаб лъагIалилаб пресс-конференциялда абуна: «Нижеца киданиги абулеб букIинчIо гьенир, рагъулаб сфераги малъун, проблемаби рагIалде рахъинарулел гIадамал гьечIин, амма гьелъул магIна кколаро Россиялъул аскарал гьенир ругин абураб»,-ин.

XS
SM
MD
LG