МагъчIваялъе рес

Мисралда 149 чи чIвазе къотIун букIараб хIукму нахъе бахъун буго


Мисралда апелляционияб идараялъ нахъе бахъун буго 149 чи чIвазе къотIун букIараб хIукму. Гьезда гIунтIизарулел рукIун руго полициял чIваялъул ва полициязул бутIабазде тIадекIанцIиял гьариялъул гIайибал. Гьеб ишалъул халгьабизе тадкъан буго цоги диванханаялда. Араб соналъул маялда къотIун букIараб гьеб хIукму кьварун какулеб букIана къватIисел улкабаз. Гьез абулеб букIана Мисралъул цIияб нухмалъиялъ «Вацал-бусурбаби» гIуцIиялде данде ургъунго гьарулел ишал ругин гьелин. «Вацал-бусурбабаз» рахъ кколеб букIана хъулухъалдаса рехарав президент МухIамад Мурсил.

XS
SM
MD
LG