МагъчIваялъе рес

Хасавюрталда лъимал гьарулеб азарханаялда ккараб иргадулаб трагедиялде данде митинг


Хасавюрталъул лъимал гьарулеб азарханаялда тохтурзабазул гIайибалда Далиева Залина хвей ккун букIана гьениб арбагI къоялъ митинг бакIариялъе гIиллалъун. РакIарараз тIалаб гьабулеб букIана гIайиб бугел жавабчилъиялде цIазе. Жидер эбел тIадюссинаейин ахIулеб букIана гьениб хварай Залинал ясалъ. Жал гьелъул анлъабго лъимер гьелда хадур хIакъдилел ругин. Залинае букIана 34 сон.

Гьебго заманаялда гьеб халкъ кIалтIе бакIариялъ азарханаялде цоги унтарал росизе ва гьенир жанир ругезе дару гьабизе квал-квал гьабулеб букIана тортурзабазе. Гьезул вакилзабиги гIадамазде цере рахъунел рукIинчIо. АрбагI къоялъул къадеги гIадамал гьениса нахъе рикьа-риххун рукIинчIо, гьел ралагьун чIун рукIана Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъулминистр гьениве вачIинегIан.

XS
SM
MD
LG