МагъчIваялъе рес

Ираналъул рес буго къватIисел улкабазда цIорозабун букIараб 100 млрд. долларалдалдаса пайда босизе


Ираналъ абулеб буго къватIисел улкабазда цIорозабун букIараб 100 миллиард долларалдалдаса пайда босизе рес бугин гьанже жидерин. Гьелъие гIиллалъун ккун буго саназ гьуб улкаялде данде гьарун рукIарал санкциял нахъе рахъи. Ираналъул хIукуматалъул пресс-секретарь МухIамад Багир Нобахтица абуна жидер гIемераб гIарац бугин Китаялъул, Индиялъул, Япониялъул, Жанубияб Кореялъул ва Туркиялъул банказда цIунунин. Тегераналъул атомияб программаялда сверун букIараб рагIирекъонгутIи сабаблъун 2012 соналда гьел активал цIорозарун рукIана. Араб соналда атомияб программаялда хурхун гьарун рукIарал тIадеросиял Ираналъ тIуразурунин лъазабуна Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъ ва гьелдаса хадуб нахъе рахъун рукIана гьел санкциял.

XS
SM
MD
LG