МагъчIваялъе рес

Женеваялда рагIалде рахъана Сириялъул проблемаби гьоркьор лъурал кIалъа-басаял


Сириялъул оппозициялъулгун Женеваялда тIобитIарал кIалъа-басаялда хадуб Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Сириялда хасав вакил Стаффано де Мистураца лъазабуна, Сириялда ахIвал-хIал рукIалиде бачиналъул кIалъа-басаял халат рахъине ругин ва гьелъ рес кьолеб бугин перспективалде оптимизмгун балагьизейин.

Де Мистурал рагIабазда, Женеваялда загьирлъулеб хIужа ккола жиндаса пайда босичIого тезе бегьулаб историкияб шанс.

КIалъа-басаязда гIахьаллъарав Сириялъул оппозициялъул вакил Салем аль-Мусладица лъазабуна, цо-цо информалатаз, оппозициялъ официалияб Дамаскалъе ультиматун лъунин, абураб лъазабиял гьереси кколин, Сириялъул оппозициялъ тIалаб гьабулеб бугин тIоцебесеб иргаялда ва хехаб къагIидаялда гуманитариял проблемаби рагIалде рахъинарийин.

XS
SM
MD
LG