МагъчIваялъе рес

Туркиялъ цIидаса Москваялде гIайиб гIунIтизабуна гьаваялъул гIорхъаби хвезариялъул


Туркиялъул рагъулал гьаваялъул къуватазул нухмалъиялъ авиация буссинабуна «тIулакьерабин» абураб хъулухъ гьабиялъул режималде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабулеб буго «Анатолиялъул агентлъиялъ».

Гьелда цебе Анкараялъ лъазабун букIана, 29 январалда Россиялъул аэропланалъ цIидаса жидер гьаваялъул гIатIилъиялъул гIорхъаби хвезарунин, хадурги гьединал галаби гьарулел ругони, жидеца гьеб гьедин тезе гьечIин.

Туркиялъул КъватIисел ишазул министерлъиялъ Россиялде гIунIтизабулеб буго гIайиб кIиябго улкаялъул гьоркьорлъаби хIалуциянариялъул. Идараялъ Россиялъул дипломатияв вакиласухъе кьун буго протесталъул нота.

НАТОялъул генералия секретарь Йенс Столтенбергица Россия ахIана НАТОялъул улкабазул гьавалъул гIатIилъиялъул гIорхъабазул адаб гьабиялде. Гьесго лъазабуна, рагъулаб альянсалъ рахъ кколеб бугин НАТОялъул гIахьалаб рахъ Туркиялъулин.

Россиялъул рахъалъ Анкараялъул гIайибал нахъ чIвалел руго.

XS
SM
MD
LG