МагъчIваялъе рес

Париж хIадураб буго Палестина пачалихъ хIисабалда къабул гьабизе


Израилалъулгун Палестинаялъул ракълилаб диалог цIилъизабизе гьабулеб иргадулаб хIалбихьиялъ хIасил кьолеб гьечIони, Париж хIадураб буго Палестина пачалихъ хIисабалда къабул гьабизе.

Гьединаб лъазаби 29 январалда гьабуна Франциялъул къватIисел ишазул министр Лоран Фабиусица. Гьес гьединго абуна, Израилалъулгун Палестинаялъул проблема рагIалде бахъинабиялъул суал лъураб халкъаздагьоркьосеб конференциялъул спонсор Париж букIине бугин.

Конференция тIобитIизе ккола гьаб соналъул ихдал. Гьелда Палестинаялъулги Израилалъулги рахъал рикIкIинчIого гIахьаллъизе ккола гьединго Цолъарал Штатал, Евроцолъи ва гIарабазул пачалихъал.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялда Палестинаялъул даимав вакил Риад Мансурица лъикIаб къимат кьуна Франциялъул хIукмуялъе.

Израилалъул реакция букIана «гьогьомаб». Жинджирго цIар абичIев Израилалъул дипломатас лъазабуна, Парижалъул лъазаби кколин кIалъа-басаязда кIиябго рахъалъе данде кколеб хIукмуялдаса палестиниязе инкар гьабизе квербакъийин.

XS
SM
MD
LG