МагъчIваялъе рес

Туркиялъ Евроцолъиялдаса гьарулеб буго кьезе ракIалда бугелдаса цIикIкIун гIарац


Туркиялъ тIад чIун Евроцолъиялдаса тIалаб гьабулеб буго миграциялъул кризисалда хурхарал проблемаби рагIалде рахъинариялъул мурадазе биччалеб гIарцил къадар цIикIкIинаби.

Die Welt абураб немцазул газетаялъ Евроцолъиялъул кIудияб хъулухъалъул дипломатасда базабун лъазабулеб буго, Анкараялъе бокьун бугин щуго миллиард евро, Брюссель, лъабго миллиард евро гурони кьезе хIадураб гьечIеб мехалдайин.

Евроцолъиялъ цебеги лъазабун букIана, жиб хIадураб бугин лъабго миллиард кьезе, Туркиялъ жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразе Магърибалде сапар бухъиялдаса инкар гьабуледухъ кумек гьабиялъухъин.

Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул идараялъул хIисабалда, гьаб соналъул 28 январалде щвезегIан Туркиялдасаххун Грециялде щун вуго 54 азарго мигрант.

XS
SM
MD
LG