МагъчIваялъе рес

НАТОялъ бахъана санайилаб доклад


5 соналъ цебе кризисалъе гIоло жидерго улкаби цIуниялъе биччалеб букIараб гIарцил къадар дагьлъизабиялъул процесс бихьулеб къагIидаялъ тохлъизабуна НАТОялъ.

Хамиз къоялда Брюсселалда бахъараб санайилаб НАТОялъул докладалда абулеб буго, Россиялъ Крымалъул аннексия гьабиялъ, НАТОялъулгун гIорхъабазда хIалуццунеб ахIвал-хIалалъ, радикалиял исламистазул къокъабазул террористаздаса бугеб хIинкъи цIикIкIунеб букIиналъ, НАТОялъул партнерал ккезарулел ругин улкаби цIуниялъул суалазде кIвар цIикIкIинабизеян.

НАТОялъул генералияв секретарь Йенс Столтенбергица лъазабуна, гьанже альянсалда цере цIакъ захIматал проблемаби раккулел ругин.

«Нилъеда бихьулеб буго, Россия Европаялъул машрикъалъул рахъалда агрессивияб лъугьун букIин, гьелъ чанго соналъ тIатIалаго рагъул къуватазе биччалеб гIарцил къадар цIиккунабулеб букIин ва гьелъ къуватияб къагIидаялда Европаялъул гIорхъаби хисизаризе гIамал гьабулеб букIин», - ян лъазабуна тIадеги Столтенбергица.

XS
SM
MD
LG