МагъчIваялъе рес

Гаагаялъул диваналъ цIех-рехх рагьана 2008 соналда гуржиялъ ккараб конфликталда хурхун


Гаагаялда бугеб Халкъаздагьоркьосеб такъсирияб диваналъ официалияб къагIидаялда рагьана гуржиялъ Жанубияб Осетиялда 2008 соналда конфликт унеб мехалда гьарун рукIарал такъсиразул цIех-рехх.

Официалияб сайталда бахъараб Диваналъул лъазабиялда абухъе, щаклъи буго 2008 соналъул 1 июлалдаса 10 октябралде щвезегIан инсанияталдде данде такъсир гьабиялъул, гьелдаго гъорлъ чIвадариги, хIал гьабун гIадамал жидерго бакIаздаса нахзъе къотIиги. Буго рагъулал такъсирал гьариялъул щаклъи, гражданияб халкъалдеги парахалъи чIезабулел къуватазул вакильзабаздеги данде такъсирал гьари.

XS
SM
MD
LG