Human Rights Watch абураб халкъаздагьоркьосеб инсанасул ихтиярал цIунулеб гIуцIиялъ пачалихъазул талъиял ахIулел руго терроризмалде данде кьеркьолаянги абун яги гIемер халкъалъул миграциялъул хIинкъиялда базабун инсанасул ихтиярал хвезариялдаса инкар гьабиялде.
«Гьаризе бегьулел терактаздаса хIинкъун ва жидерго бакIаздаса лъутизе ккаразул къадар цIиккIиналъ, Магърибалъул цо-цо улкаби ккезаруна инсанасул ихтиярал цIуниялъул суал кIиабилеб планалде бахъялде», - ян хъвалеб буго арбагI къоялда бахъараб инсанасул ихтиярал цIуниялда сверун иргадулаб санайилаб докладалда гьеб гIуцIиялъул директор Кеннет Ротица.
Докладалда кIвар буссинабулеб буго, исламофобиялда, расизмалда ва цогидал хIинкъиязул формабазда хурхун букIине кколеб къагIидаялда жидерго реакция загьир гьабизе ва данде кколел тадбирал гьаризе гIемерисел улкабазул нухмалъиязда бажарулеб гьечIолъиялде.
Инсанасул ихтиярал цIунулез хас гьабун кIвар буссинабулеб буго гьединго Цолъарал Штатазда, Британиялда ва Франциялда гIадамазул хасаб гIумруялда тIад пачалихъалъул контроль цIикIкIинабун букIиналде.
Цогидаб рахъалдаса докладалда гьединго бихьизабун буго Россиялда, Китаялда ва Туркиялда талъиялъ гражданияб жамгIияталде ва лъиданиги рачIел информалатазде гьабулеб гьужум цIикIкIун букIинги.