МагъчIваялъе рес

Рамзан Къадировасул хьвада-чIвадиялда хурхун Кремлалъул кинал гIаги суалал гьечIо


Кремлалъул «кинал гIаги суалал раккизарулел гьечIин» Чачан республикаялъул нухъмалъи гьабулев хIисабалда Рамзан Къадировасул хьвада-чIвадиялъин, лъазабуна талат къоялда Россиялъул президентасул администрациялъул нухмалъулев Сергей Ивановас.

I2 январалда Къадировас лъазабуна, «системаялъул гурел» оппозициялъулал «халкъалъул тушбаби» кколин ва гьел диваналда цере чIезаризе кколин улкаялъе хияналъи гьабурал гIадамал гIадинин.

Гьединаб лъазабиялда хадуб медиа-гIатIилъиялда багъарана ахIи-хIур, Чачналъ тIобитIана республикаялъул бетIерасул рахъ ккун митинг.

Оппозициялдаги Къадировасдаги гьоркьоб дандечIей халат бахъунеб буго.

XS
SM
MD
LG