МагъчIваялъе рес

Сириялда хурхарал халкъаздагьоркьосел калъа-басаял тIоритIизе руго 29 январалда


Женеваялда Сириялда хурхун 25 январалда тIоритIизе ракIалда рукIарал кIалъа-басаял рахъун руго 29 январалде. Гьелъул хIакъалъулъ лъазабуна Цолъарал миллатазул гIуцIиялъул Сириялда хасав вакил Стаффан Мистураца.

Болжал нахъе цIаялъе багьана хурхараб рагIула Башар Асадил режималъул рахъ кколел Россиялъги Ираналъги кIалъа-басаязда гIахьаллъизе кколеб Сириялъул оппозициялъул къокъаялда разигьечIолъи загьир гьабун букIиналда.

XS
SM
MD
LG