МагъчIваялъе рес

Байбихьана Ираналъул президентасул Европаялъул улкабазде турне


Ираналъул президент ХIасан РухIаница Италиялдаса байбихьана Европаялъул улкабазде жиндирго сапар. I6 январалда Тегераналдаса тIаса рахъана цо-цо халкъаздагьоркьосел санкцияби. Гьединаб хIукмуялъ исламияб республикаялъе ресал рагьулел руго Европаялъулги Азиялъулги улкабазулгун котрактал гIуцIизе.

Рималде Ираналъул бетIерас ва гьесул кIудияб делегациялъул гIахьалчагIаз гъулбасал лъезе бегьула I7 миллиард евроялъул контрактазда гъоркь.Лъазабулеб буго, РухIанилги Рималъул папалги гара-чIвариялъул хIакъалъулги.

XS
SM
MD
LG