МагъчIваялъе рес

Евромажлисалъул Парламентияб ассамблеялъ хIадур гьабулеб буго Борис Немцов чIваялда сверун доклад


Евромажлисалъул Парламентияб ассамблеялъ хIадур гьабулеб буго Россиялъул политик Борис Немцов чIваялда сверун хасаб доклад. Гьелъул ХIакъалъулъ лъазабулеб буго ПАРНАС партиялъул лидер Михаил Касьяновас.

Гьединаб доклад хIадуриялъул хIукму ПАСЕялъул гIахьалал рахъаз гьабун буго, Ассамблеялъул данделъиялда Касьяновги, Немцовасул адвокат Вадим Прохоровги, чIварав политикасул яс Жанна Немцоваги, журналист Владимир Кара-Мурзаги цере рахъун хадуб.

XS
SM
MD
LG