МагъчIваялъе рес

Дагъистаналда Путиние, Къадировасе ва МуртазагIалиевасе хIалае акция тIобитIана


ГьатIан къоялъ Россиялъул Пенсионияб Фондалъул Дагъистаналда бугеб идараялъул вукIарав бетIер МуртазагIалиев Сагидил рахъ ккураз къасд гьабуна Россиялъул президент Владимир Путиние ва Чачан Республикаялъул бетIер Рамзан Къадировасе ва живго МуртазагIалиевасе хIалае автомобилияб марш тIобитIизе. Амма Дагъистаналъул жанисел ишазул министерлъиялъ гъозие квал-квал гьабуна.

Автомобилазул колоннаби чIезарун рукIана тахшагьаралъул блокпостазда цере. Гъизляралдаса МахIачхъалаялде ва Дербенталде ине нухал къан рукIана.

Амма МахIачхъалаялда жаниб акциялъул гIахьалчагIазда гьадинаб автомобилияб марш гьабизе кIвана. Гьелда гIахьаллъана Чачан Республикаялдаса рачIарал Рамзан Къадировасул рахъ ккуралги.

XS
SM
MD
LG