МагъчIваялъе рес

Кишиневалда демонстрация халат бахъунеб буго


Молдоваялъул тахшагьар Кишиневалда къватIабахъ аза-азар чи вахъана хIукуматалде данде гIуцIарал демонстрациязда гIахьаллъи гьаби мурадалда. Полициялъ квьарараб къагIидаялъ низам цIунулеб буго. Протестазе гIиллалъун ккун буго 2014 соналда багъарараб коррупционияб дагIба-къец.

Финансияб хIила-макруялъул хIасилалда цо миллиард доллар тIагIун буго улкаялъул банкабаздаса. Митингалъул гIахьалчагIазул хиял буго «Хвасарлъиялъул миллияб комитет» гIуцIизе.

ТIадтараз нахъе бахъана министрабазул кабинеталъе хIалае букIине кколеб митинг ва протестазул акциязул гIахьалчагIазде ахIи бана зулму гьабугеян абун.

XS
SM
MD
LG