МагъчIваялъе рес

Россиялъул авиациялъ 63 чи чIвана Сириялъул Хашам росулъ


КIудияб Британиялда бугеб Сириялъул инсанасул ихтиярал цIунулез лъазабуна, воржарухъан гьечIеб Россиялъул боржароялдаса 23 январалда гьабураб гьужумалъул хIасилалда Хашам росулъ 63-гIан чи чIван вугин, гьезда гъорлъ ичIго лъимер.

Гьеб росу «Исламияб пачалихъалъул» рагъухъабазул контролалда гъоркь бугоян абулеб лъазаби ритIухъ гьабизе рес гьечIин гьабсагIат, абулеб буго хIаракатчагIаз.

Сириялъул пачалихъияб прессалъул баяналда рекъон хIукуматалъул аскарияз Рабия абулеб шагьар бахъана. Рагъулаб операциялъе нухмалъи Россиялъул офицеразги гьабулеб букIана.

XS
SM
MD
LG