МагъчIваялъе рес

ШигIрабазул гъансиниса цо-цо хъвай-хъвагIаял


Дица тамашалъи гьабула аваразул адабияталъул гIоркь ккуралин тарал чагIаз шигIру-кечIалъе ва шагIирасе къимат кьезеян цере рахъарабго, яги макъала хъвалаго бищунго цIикIкIун рехсола, такрар гьарула ва кочIолъ ахIула бищунго загIипал бакIал.

Гьеб поэзия бичIчIунгутIиялъул гIаламатищ, ялъуни лъалаго лъугьинчIел бакIал цIалулелищ, яги пуланав шагIирасе рецц гьабулаго кинаб мухъ гъосул рехсаниги гIадамазда бичIчIуларо, цебе ккараб рехсани гIолин абураб хIисабищали лъаларо?

Амма гьаб пикру буго цохIо дир пикру. ГIажаибаб жо буго адабиятги поэзияги. Макъсуд ЗайнулгIабидовасдаса Пушкин гьунар вугин чIезабулеб формула гьечIо, гьеб гьунар абураб жо борцунеб роценги гьечIо. Гьединлъидал поэзиялда хурхун абунщинаб калам буго субъективияб пикру.

Байбихьилин кIудияв шагIир Расул ХIамзатовасдаса. (ЦохIо гьари буго Расул ва каканин мацIал гьаруге). Расулил бищунго загIипал кучIдул руго кочIохъабаз ахIулел кучIдул. Батила, гIакъилабги, гъваридабги пикру бакъаналда рекъезабизе рес гьечIолъи. Амма кинго бичIчIуларо машгьурлъи щай тIадагьаб сариналъе щолеб, гъваридаб шигIруялъе щвечIого. Кин кочIое ахIилеб масала:

Дун нилъер кьурабахъ валагьун вуго,

Херав бурятияв Буддахъ киниги.

ЧчугIил гIинги босун гIенеккун вуго,

ГIурул чваххиязухъ Бетховен гIадин.

Кин ахIилеб гьадинаб кечI? АхIила «Гуро гьитIинаб гьечIо, гьудулзаби, Дагъистан», «Нилъер киназдаго цохIо цIар буго», «Дир анищ». Гьел живго Расулил даражаялъул шигIраби гуро, гьел руго гъасда цIадухъ ахIулел сариназул даражаялъул кучIдул.

Гьел бищун машгьуралги руго. Дун дагьавго темаялдаса рикIкIалъун ватана. Щибха бугеб хутIарал шагIиразул ва шигIрабазул? Дица тамашалъи гьабула машгьурав шагIир МухIамад АхIмадовасул киназго такрар гьарулел ва шавкъалда данделъабазда гъос жинцаго цIалулел мухъазул. Гьале гьел:

«Дун авараг гуро, аварав вуго

Апараглъун къояз къватIив тIамурав…»

Астагъфируллагь… Лъица асда мун авараг вугин дагIба балеб бугеб? ЦохIо рагIаби рекъон рукIин гурони, пикру хIажалъулелъул кочIое. Щай АхIмадовас щибаб данделъиялда гьаб чIанда цIалулеб анцI-анцI лъикIал кучIдул ругев поэтас? ТIири поэзиялъул бичIчIуларел гIадамаз магIнаго бичIчIичIого такрар гьарулел рихьун. АхIмадовасул руго устар СагIид-Афандиясе хъварал мухъал:

«ГIумруялъ чIвалеб мехалъ, чIваге цIвабзазда гIайиб.

ЦIадулал берал рацIцIун, рацIцIалго ралагьулел.

Дунял къварилъарабго къире зодихъе горду,

Зонода хъвараб накъищ бакъул чIораз угьизе…»

Унго-унгояб поэзия! Пикруги каламги рекъараб асар. Устарасде хъварал рикIкIен гIемерал ва гIодобегIанаб даражаялъул сариналъ билараб хIакъикъияб шигIру. Поэзия бокьулез кIвар буссинабуни лъикIан.

Гьелдасаги дица гIажаиблъи гьабуна саламатал хъвадарухъабаз лъикIаблъун тIаса бищун тIахьаздаса тIахьазде гочунел ва газетазда ГIабасил МухIамадил творчествоялъул анализ гьабулаго рехсолел поэтасул мухъазда:

«Дирни дир цIарги буго,

Дир инсул цIарги буго.

Миллатги халкъги буго,

Халкъалъе дунги вуго»

Макъалаялдаса макъалабазде гочунеб буго гьаб ункъго мухъ "хIикматаб" поэзия гIадин. ГIисинлъималазул кечI гIадаб жо бугоха лъикIав поэтазсул ва аваразул бищунго гьунар тIокIавин рикIкIунев драматург ГIабасил МухIамадил гьеб. Гьанже рачIина ГIадаллоде. Гьес къанагIат гурони биччалароан къачIачIеб тохаб калам.

Дица ГIадаллое гьабураб критикаялъе жаваб кьун макъала хъван букIана журналист Идрисов МухIамадица. ЛъикIаб макъала букIана «Дие цIа бокьула, кIкIуй бокьуларо» абураб цIаралда гъоркь. Дица рехсолел ГIадаллол гъалатIалги щущахъ риххизарун, Идрисовас макъала ГIадаллол рагIабаздалъун лъугIизабуна:

«ГIадада гуро шагIирас хъвараб:

Дие цIа бокьула кIкIуй бокьуларо,

Кьун буго хасият хисиларо гьеб.

Хирияб дие - цIум, цIакъ рихараб - гIункIкI,

ГIумру гьелда ина, инша Аллагь дир…».

Идрисов МухIамадица гьал мухъал рехсарабго дица хIисаб гьабун букIана гьев гьунар тIокIав журналист, лъай бугев чи вугони поэзиялдаса рикIкIадав чи ватилин, гъорлъа рищун (дир пикруялда) бищунго лъугьинчIел мухъал рехсолев.

ГIадаллое цIум хиралъун хутIараб гIалам гIункI берцин бихьунищ асда рихьарал? ЦIаялдаса жиндие кIкIуй бокьулин абулев чи чан ватилев? Гьал мухъаз дида ракIалде щвезабуна салатавиязул цо кепаб аби: «Цо азаралдаса (хIалакъалдаса) азарго кьарияб лъикI чахъу» абураб. Гьебго жо такрар гьабулеб буго шагIирас, гьебго такрар гьабулеб буго сверухъ ругезги.

«ГIагараб Дагъистан, дур жан, берцинлъи

Инсанасулъ бечIан, чIван буго дир ракI.

Ва дур чIухIиялъул хIуби букъулел

ХIапарабаз вуго дунги кваналев…»

Гьалги руго ГIадаллол мухъал, тIад калам гьабизе бакI гьечIо пикруялда ва каламалда, гьал такрар гьарулев чиго рагIичIо. Дун мекъи ватани ва жеги магIарул кучIдул цIалулел чагIи хутIун ратани бокьилаан лъикIалги рекъечIелги кучIдул нижехъеги ритIани.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG