МагъчIваялъе рес

6000-гIан авиарейс нахъе бахъун буго Цолъарал Штатазда


Америкалъул Цолъарал Штатазул машрикъалъул рагIаллъиялда кутакаб гIазу бана. Гьелдалъун гьениб гIумру гьабулев 85 миллион чи захIматаб ахIвал-хIалалда хутIизе рес буго.

Вашингтоналда гIазул бицалъи цо метралде гIунтIун буго. Годоркъоязда гьениб хIалтIулеб гьечIо жамгIияб транспорт.

Нью-Джерсиялда ва Нью-Йоркалда кутакаб гIазул гьури бахъизе рес буго. Гьениб гIаммаб къадаралда анлъазарго авиарейс нахъе бахъун буго.

XS
SM
MD
LG