МагъчIваялъе рес

Москваялда тIобитIана репрессиязде данде гIуцIараб митинг


Москваялда тIобитIана репрессиязде данде ва гьезул къурбаназе хIалае гIуцIараб митинг. Митингалъе изну кьуна шагьаралъул тIалъиялъ. Гьелъулъ гIахьаллъана 700-гIан чи.

Митингалъе гIиллалъун ккун буго жамгIияв хIаракатчи Ильдар Дадинасе диваналъ къотIараб хIукму. Гьесде гIунтIизабун буго жамгIияб тадбир тIобитIиялъул низам хвезабиялъул гIайиб.

Гьев лъабго соналъ жаниве тIамизе вуго. ХIаракатчагIаз гьеб диваналъул къотIи конституциялде данде кколареблъун рикIкIана.

XS
SM
MD
LG