МагъчIваялъе рес

Россиялъул интеллигенциялъул Конкресс - Рамзан Къадировасде данде


Россиялъул Интеллигенциялъул Конгрессалъул сайталда Чачан республикаялъул бетIер Рамзан Къадыров тахбакIалдаса махIрум гьави тIалабгун загьирабураб петициялда гъоркь анцIазаргогIан чияс гъулбасал лъуна.

Инсанасул ихтиярал цIунулел хIаракатчагIаз абулеб буго Къадировас рагьараб къагIидаялъ оппозиционеразе хIинкъаби кьолел ругин ва гьадинаб политикияб хьвада-чIвади Россиялъул къануназде ва Конституциялде данде кколарин. Жибго Чачан республикаялда хIатта гIодобе биччараб критикаялъухъцин гIадамазе бакIаб жаза гьабулеб бугин тIалъиялъ.

Дагьалъ цебе Россиялъул Федерациялъул Шураялъ лъазабуна, Чачанлъиялъул тIалъиялъ кьолел хIинкъаби гьеб бугин чачан халкъалъул менталитет. Кремлалъ гьарана ахIвал-хIал хIалуцинабуге ян.

XS
SM
MD
LG