МагъчIваялъе рес

ХIаракатчагIаз тIалаб гьабулеб буго Къадиров хъулухъалдаса эркен гьави


Россиялда гьале кIиго анкьида жаниб халат бахъунеб буго Рамзан Къадыровасул каламалда сверухъ багъарараб дагIба-къец.

Гьес байбихьуда абуна оппозиционерал кколин халкъалъул тушбаби ва хиянатчагIи. Хадуб дурус гьабуна, жица бицунеб букIанин къватIисел улкабазда ругел оппозиционеразул хIакъалъулъилан.

Россиялъул инсанасул ихтиярал цIунулез тIалаб гьабулеб буго Къадиров хъулухъалдаса эркен гьави.

Amnesty International абулеб халкъаздагьоркьосеб гIуцIиялъ ва Журналистал ЦIунулеб Комитеталъ Россиялъул тIалъиялдаса тIалаб гьабуна Къадыровасул каламалъе рекъолеб къимат кьей.

XS
SM
MD
LG