МагъчIваялъе рес

"Чед бугони цойги щиб къварегIараб?"


Гьаб сагIаталда бищунго гIемер цоцазе кьолеб суал буго долларалда хурхун. ГIажаибаб хIалтIи, 90 проценталде гIагарун В.Путинил рахъги кколеб, нус азараз Къадировасул рахъ ккун къватIиреги рахъунеб улкаялда киназулго гIаданиб буго "доллар", жидерго хирияб улкаялъул цIулал гъурщил бакIалда. Хасго рахIат хун буго гьитIинаб мехалда ракъи бихьарал пенсионеразда. Гьел пакъиразги нилъер гIарцул гьикъичIого долларалъул гьикъулеб буго.

ХIежалде араб мехалда росарал дагьал жал хутIун рукIанила, хутIараб гIарцухъги росичIолъиялдаса рекIекълъанилан руго бицунел. Аб щиб хIикматаб улка нилъер, къватIир улкабиги рихараб, эзул гIарацги хирияб. Гьединал чагIи дандчIвала гIолохъабазда гьоркьорги. Гьез гьелда абулеб буго "патриотизм" абун. Диеги бокьула дир улка, къисматалъ дирлъун гьабураб Россия, амма дир гьелъие ва нухмалъулезе азарго суал буго.

Цо магIарухъа вачIарав херас суалал кьун сваказавуна гьадингоги экономикаялъе лъикIав гурев дун.

-Щай вац, аб доллар хиралъун бугеб?

- Нарт учузлъун...

-Учузлъе абеха, нарт учузлъанин доллар щай хиралъулеб?

- Гъурущ учузлъун буго дунялалъул базаралда нарт учузлъиялъ, гьелда бухьараб буго гъурущ.

- Щай гьелда бухьун бугеб, лъица гьеб нартидехун бухьараб?

-ХIукуматалъха, гьезда кIвечIо хутIараб дунялалъ бичун босулеб къайи биччазе, Россиялда газгун нарт гурони къватIир улказ бичун босулеб жоги гьечIеб мехалда, гьеб нартгун газги дунялалъул базаралда гIемерлъарабго гьеб учузлъула. Гьелъухъ бачIунеб жоги дагьлъула улкаялъул казнаги мискинлъула, нилъее кьолебги мукъсанлъула. БичIчIанищ?

-БичIчIичIо, нилъер гIарац щайха учузлъараб?

-Нилъер гIарцухъ бичун босулеб жо щибниги гьечIогоха. Немцазухъагун япониязухъа автомашинабиги росани, Югалъулаб Корреялъухъа бытовая техникаги босани, туркахъа ретIелгун пихъ-мичIги босани, щибунха дунял гIурус гъурщида хадуб лъугьинеб? ХIажат гьечIо гIурус гъурущ я жаниб, я къватIиб, хIажат гьечIеб жо учузлъулеб гIадат буго. Дозул жидерго буго магIишат гIунги тIокI, гьелдехун бухьараб гIарацги букIуна къиматалда.

-ХIалтIулел гьечIогоха, хIалтIулел гьечIого, киналго руго гьересикагътаца, гьересихIисабаз ва гьересипенсияз хьихьун, гьелъие ахир бачIун батулаха, кидалъагIан гьерсида буцун тIех кваналеб? - ин реххана гIаммаб сурат цебе паркъарабго кIудияс.

- Кин дов нужер газеталда хъвадарулев чияс абун букIараб мекъаб пенсия босулел чагIазда?

- Гьерсионерал...

-Уха, "гьерсионераца цIуна росаби" - ян.

Гьеб накъиталъухъги гIенеккун цояв пенсионерас квер хьвагIана нижер накъиталде.

- Гьадингосеб жо буго нужеца бицунеб. Россия буго гучаб пачалихъ, кигIан хIалтIаниги 70 соналъ СССРалда кIолеб букIинчIо улкаялъе гIураб ролъ чIезабизе, Канадаялъухъа босулаан. Гьаб сагIат Россиялъ нилъги хьихьун къватIибе бичулеб буго ролъ. Чед бугони гьанги букIуна, боцIиги букIуна, тIокIаб щиб къварегIараб?

Амма гьеб ролъ гIезабулел комбайналги, лъикIаб техникаги къватIиса босизе ккелин абичIо дица кIудиясда. Цо чара камиларо, Путиница нилъ квеш теларин ракI-макI гьабун тана херазе. Гьебги бугоха бищунго мухIканго Россиялъул гIумруялъул даража бихьизабулеб гIаламат.

ХХI гIасруялда гIумруялъ хIалтIарав херас "чед бугони цойги жоялъул бицинаро" - ян абулеб. Кин абилеб гьезда нилъер мискинлъиялъе сабаблъун ккарабин гьез рикIкIунеб Америкаялда 1200 доллар (98 000 гъурущ), нилъеца къезабураб Германиялда 1400 доллар (114 000 гъурущ) гьоркьохъеб пенсия бугин, гьазул 13 азарго цIулал гъурщида данде (Россиялда гьоркьохъеб пенсия).

Рецц буго улкаялъе чадихъ, гьеб пикруялда тана дица кIудиял. Хабар лъикIаб рагIайги.

=========================================================

Авторасул пикругун Эркенлъи Радиоялъул пикру данде ккечIого букIинеги рес буго.

XS
SM
MD
LG