"ПАРНАС", ай – Халкъияб Эркенлъиялъул Партиялъул нухмалъулев хисулев Илья Яшиница цебеккунго лъазабуна, «Миллияб ХIинкъи гьечIолъиялъе щолеб зарал» абулеб цIаралда гъоркь хасаб доклад хIадур гьабулеб бугин Чачан республикаялъул бетIер Къадиров Рамзанил хIаракатчилъиялда бан.
"Ведомости" газетаялъул баяналда рекъон доклад загьирабизе буго исана 23 февралалда. Докладалда рехсолеб бугин Къадировасул гIумрудул тарих, хасго бицен гьабулеб буго 1990 соназда гьес Россиялде данде рагъ бачунел къукъабазул кьеразда гьес гIахьаллъи гьабиялъул.
Гьединго докладазул автораз лъазабуна цо-цо политикиял чIваязда Къадировасул хурхен букIине бегьулеб проблема. Амма аслияб суаллъун Илья Яшиница рикIкIунеб буго Чачан республикаялда гьадинаб режим бижиялда Россиялъул президент Владимир Путиница хIараб роль.