МагъчIваялъе рес

Россиялъул армиялде ахIуларел дагъистанияз нух Сириялдехун босулеб буго


Пачалихъияб Думаялъ инкар гьабуна Сириялде рагъизе унел гIадамал Россиялъул паспортаздаса махIрум гьаризе. КIигогIан моцIалъ цебе Думаялде гьединаб пикру битIун букIана Дагъистаналъул парламенталъ. Россиялъул Конституциялъул 6 статьяялда рекъон, улкаялъул гражданин махIрум гьавизе бегьулев гьечIо гьеб гражданлъиялдаса яги гьеб хисизе бугеб ихтияралдаса.

Дагъистаналде щвезегIан гьединабго пикру загьир гьабун букIана Чачан Республикаялъулгун Ингушетиялъул бутIрул Рамзан Къадировасгун Юнус-Бек Евкуровас.

Дагъистаниял Сириялде рагъизе иналъе гIиллабазул цояблъун рехсолеб буго ахираб заманалда республикаялдаса гIолохъаби Россиялъул армиялде ахIунгутIиги. Рагьун абичIониги, гьелъул магIна кколин дагъистаниязде божилъи гьабунгутIиян рикIкIуна республикаялда. Кавказалдаса гIолохъабиги Россиялъул цогидал регионаздаса гIолохъабиги рагъиялъул, гьезул рагIи данде ккунгутIиялъул мисалал рукIунаан церехун. Гьедин гьанже армиялде ахIулезул къадар цIакъго дагьлъана Дагъистаналда (гьелда мадугьалихъ ругел цогидал республикабаздаги).

Амма гIодоса-эхедего рагъухъабазул хасият букIиналъ дагъистаниязе къваригIун букIунин рагъ-мучалда гъорлъ рукIине, кодоб ярагъ кквезе. Гьелъги лъавукълъиялъги унел ругин цо-цоял Сириялдеян абуна ГIумаров ХIайбулаца. Гьев ккола ярагъги гIодоб лъун, халкъ ракълиде ахIизелъун Хасавюрталда гIуцIараб комиссиялъул нухмалъулевги бакIалъул администрациялъул нухмалъулев хисулевги.

ГIумаров ХIайбула: «АхIулел гьечIо гьел армиялде. Гьединлъидал адаптациялъул комиссиялда цо васас абуна (мун щай Сириялде ун вукIаравин гьикъидал) жиндие бокьун букIанила ярагъги кодоб ккун, хIукуматалъул солдат хIисабалда вукIине.

Гьединанго гьесулго гьудул, мадугьалги, ун вукIана довего. Чачанав ккола гьев. ГIачиялги хьихьун вукIунаан гьев. ГIарац кибе балебани лъаларев чи вукIаравани, батIияб жо букIинааан. Гьединан букIана чанго соналъ цебехун. Гьанжейин абуни батIалъи гьечIого киналго унел руго – бечедал-мискинал. Чорхолъ бугеб адреналин кибе рехилебали лъаларого ругел чагIи унел руго».

ЭР: «Нахъе рачIунел ругелищ гьел? Гьанже риччалел ругищ гьел гьанире?»

ГIумаров ХIайбула: «Риччалел ратила. Цо-цояз абула нахъе риччалел гьечIин гьелилан. Амма риччаралги рихьулел ругелъул, рачIунги ругелъул. Пачалихъалъул къануналда рекъон туснахъалда рукIине разиялги рачIунелги руго. Доба бугелда ракI рекъечIого тIадруссун рачIунелги руго».

ГIумаров ХIайбулаца нухмалъи гьабулеб комиссиялъ квербакъун гьанже эбел-инсуда аскIор паракъалъун руго цо-цо гIолохъаби. Гьедин Сириялде ун тIадруссаразда гьоркьор руго цIар рагIарал спортсменалги, студенталги, гIадатиял хъизаназдаса лъималги. Комиссиялда ругел психологалги, къанун цIунулелги чIорого хIалтIулел руго. Гьедин цо-цо мехалда цо-цо чагIаз гьездехун тIаса-масагояб бербалагьиги гьабулеб буго.

Хасавюрталда къанун цIуниялъул идараялъул цо пуланав хIалтIухъанасул рагIабазда рекъон, Сириялде хIукуматалъул аскаразда данде рагъизе арал гIолохъаби кантIун, ракIбухIун ругони, гьез квербакъулеб буго гIагарлъиялъе гьел тIадруссинаризе. Амма би тIад бугони, жидеца гьезда тIасан хIучч цIалиланги бичIчIизабуна дов чияс.

Руго гIадамал къанун цIунулел хъулухъазда божилъиги гьабичIого, жалго Сириялде ун гьениса жидер чагIи нахъе тIалаб гьаризе хIалбихьулелги. ЭР-лъухъе щварал баяназда рекъон, гьеб ишалъе цо млн гъурущ хIажалъулеб буго гьезие – чи вичун восизе.

Амма Хасавюрталдагун Дербенталда ва МахIачхъалаялда руго хIужаби жидерго васал яги гьелги чIван нахъе хутIарал лъудбигун лъимал нахъе рачине арал эбел-эмен Сириялдагун Туркиялда чанго моцIалъ туснахъ гьаруралги.

Сириялде гIадамал цIалеб аслияб къуват мажгитахъ гьарулел вагIзабазулъ бугин рикIкIунаан дагьалъ цебегIанги. Гьедин къанун цIунулез чанго мажгит къана республикаялда. Масала, МахIачхъалаялда Котровасул къотIноб. Гьединго къазе хIадурлъулеб букIана Венгриялъул рагъухъабазул къотIноб бугеб мажгитги. Амма жал ИГИЛалда данде чIун ругилан интернеталдасан гьелъул вакилзабаз лъазабуралдаса гьеб жибго тана. МахIачхъалаялда Котровасул къотIноб бугелдаго релълъараб гIадаб мажгит Хасавюрталда Северная абулеб бакIалдаги бугин бицана ЭР-лъе къанун цIунулел идарабазул хIалтIухъанас. Гьениса ИГИЛалде 40 чи анила вагъизе. Гьеб мажгиталъул дибирги – Иляс - гьабсагIаталда туснахъ гьавун вуго.

ПалхIасил, мажгитахъ гьарулел вагIзаби интернеталъ хисун руго гьанже.

XS
SM
MD
LG